Афгъанистаналда авиакьабиялъул цIиял къурбанал

Афганистаналда НАТОялъул къуватаз щвезабураб авиакьабиялъул хIасилалда чIван вуго кIиго гIадатияв чиги ункъго полициявги. Гьедин лъазабулеб буго бакIалъул нухмалъиялъ.
Гьезул баяназда рекъон, гьеб лъугьа-бахъин ккун буго арбагI къоялъул бакъанида Гъазни провинциялда. Полициязул къукъаялде кьвагьун буго Сулайманзай абулеб бакIалда.
France-Presse агентлъиялъул баяназда рекъон, Дех-Як абулеб бакIалда авиакьаби щвезабиялде цебе полициялъул чIовудабакIалде тIадекIанцIи гьабун букIун буго.
НАТОялъул нухмалъиялъ авиакьаби щвезабиялъул баянал уяллъун гьарулел гьечIо. Гьез абулеб буго ккаралъул цIех-рех гьабулеб бугин.