Пхеньяналъ Кэсоналде мадугьалзабазе нух къан буго

Кэсон абулеб индустриалияб зонаялде Жанубияб Кореялъул хIалтIухъабазе нух къан буго Шималияб Кореялъ. Гьеб буго Шималияб Кореялъул территориялда бугеб кIиябго улкаялъе гIахьалаб бакI.
Сеулалда гьедин лъазабуна кIиябго улкаялъул ишазда сверун министерлъиялъул официалияв вакилас. Гьес гьединго абуна Кэсоналда ругел Жанубияб Кореялдаса киналго гIадамазе изну кьун бугин рокъоре тIадруссинейин. Министрелъиялъул баяназда рекъон, гьенив хутIун вукIун вуго 850 чи.
Шамат къо 30 марталда Пхеньяналъ лъазабун букIана Кореялъул кIиго пачалихъалда гьоркьоб рагъулал гьоркьорлъаби рукIиналъул.
Кореялъул бащдабчIинкIиллъиялда ахIвал-хIал хIалуцана Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ Шималияб Кореялде данде цIиял санкциял гьарун хадуб. Гьелъиеги гIиллалъун ккун букIана февралалда Пхеньяналъ лъабабилеб нухалда атомиял хIалбихьиял гьари.