Россиялъул губернаторазул рищиязул цIияб къанун къабул гьабун буго хас гьабун Шималияб Кавказалъул республикабазул бутIрул рищиялда бан. Гьелда рекъон, республикабазул бутIрузе рес кьолеб буго рищиязул къагIида жидецаго тIаса бищизе. Гьедин бугониги гьезул цо-цоял хIIдурал руго гIаммал рищиязде.
2 апрелалда Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбас лъун буго регионалиял рищиязул цIияб къануналда гъоркь. Гьелъ Россиялъул субъектазе ихтияр кьолеб буго жидерго бутIрул рищизе гIаммал рищияздаги парламентаздаги.
Цо-цо политологазул хIисабалда гьединал хиса-басиял гьарун руго хасго Шималияб Кавказалъул республикабазда бан. БатIи-батIиял гIиллабаздалъун гьенир гIаммал рищиял тIоритIизе захIматго бугин абулеб буго гьез. Россиялъул цогидал субъектаздайин губернаторал рищизе руго халкъалъ.
Россиялъул регионазда иргадулал рищиял рукIине руго исана 8 сентябралда.
Премьер-министр Дмитрий Медведевас лъазабухъе гIемерал регионазда гIаммал рищиял тIоритIизе ругин, аммаила гьединаб рес хIалтIизабизе бокьуларел тIадтараз халкъалде бичIчIизабизе кколин щайдай гьез гьелдаса инкар гьабулеб бугебали.
Дмитрий Медведевас гьединго абуна гьадинаб хIукму гьаби – бигьаяб иш гьечIониги щвалде щвараб къагIидаялда халкъ божизабизе гьезда кIвани, цIияб къануналъ гьединаб рес гъозие кьолеб бугин. ТIоцебесеб иргаялда гьеб хурхараб буго Шималияб Кавказалда.
Гражданиял инициативазул комитеталъул бетIер Алексей Кудриница абулеб буго Шималияб Кавказалъул республикабазда гIаммал рищияз дагIба багъаризабизе бегьулилан. Щайгурелъул гьенир миллиял ва диниял проблемаби цIикIунел ругелъул.
Цого мехалъ Кудриница абулеб буго ахирисел соназда Россиялда гIадатияб ишлъун кколеб бугин регионазда тIад кьварараб тIалъи гьаби.
Эркенлъи радиоялъе гьелда бан гьадинаб баян гьабулеб буго Алексей Макаркиница. Гьев ккола политикиял технологиязул Централъул эксперт:
Алексей Макаркин: «Дида ккола гьеб бугин кIирахъалъулаб къанун. Амма якъинго бихьулеб буго гьелъул аслияб мурад - Шималияб Кавказалъул республикабазул бутIрузул гIаммал рищиял нахъе рахъи.
Гьединал гIемермиллатазулал республикабазда гIаммал рищиял тIоритIани дагIба букIине бегьула. Масала Дагъистаналда гIаммал рищияздалъун магIарулазда ва даргиязда гьоркьоб дагIба багъаризе бегьулин абулеб буго цо-цояз.
Дир пикруялда гьеб буго кIодо гьабураб хIинкъи, гьадинаб дагьа-макъаб хIинкъи бугониги. Хасго гьеб сабаблъун цIияб къанун хехго къабул гьабунги буго хасго Дагъистан республикаялда бан».
Республикабазул бутIрузе ихтияр кьун буго рищиязул къагIида бищизе. Амма, мисалалъе, гIаммал рищиял киданиги рукIинчIеб Дагъистаналъул бетIерасул ихтиярал тIуразарулев ГIабдулатIипов Рамазаница гьалкъояз абуна жив демократиялъул рахъ ккун бугониги жеги цудунго бугин гьединал гIаммал рищиял тIоритIизе. Гьединлъидалийн гьездаса жинца инкар гьабизе бугин.
Жиндир иргаялда Гъалгъастаналъул бетIер Юнус-Бек Евкуровас абуна жив хIадурав вугин гIаммал рищиязде ине, аммаила тIаде жубана гьес республикаялъул бетIер парламенталъ вищиги жинца нахъ чIвалеб гьечIин.
Гьеб республикаялда ахирисел гIаммал рищиял тIоритIана 2002 соналда.