Суданалда эркен гьарулел руго политикиял туснахъал

Суданалъул президент ГIумар Баширица буюри кьун буго киналго политикиял туснахъал эркен гьаризе. Гьес гьедин абуна итни къоялда Хартумалда парламенталъул сессия рагьулаго.
Президентас ахIана политикиял оппоненталгун ва гьездаго гьоркьор ярагъгун кодор къеркьолел къуваталгун миллияб диалог гьабизе.
Араб анкьалда Суданалъул вице-президент ГIали ГIусман Тахацаги хитIаб гьабун букIана яргъидгIуцIаразде рагъги чIезе тун диалогалде руссине рачIаян. Амма оппозициониял партиязул альянсалъ ва яргъидгIуцIараз инкар гьабун букIана гьелдаса. Цебе гьединабго позиция букIана президент ГIумар аль-Баширилги.