Мьянмаялда ричизе байбихьана хасал бетIергьаби ругел газетал

Мьянмаялда ахирисеб 50 соналда жаниб тIоцере ричизе байбихьун руго хасал бетIергьаби ругел газетал.
Марталда улкаялъул нухмалъиялъ хасаб бетIергьанлъи бугеб 16 басмаханаялъе кьун букIана щибаб къойилаб газета биччазе лизенция.
Хасал газетаби ричизе улкаялда гьукъун букIана 1964 соналда.
Араб соналъул августалда Мьянмаялда нахъе бахъун букIана цензура. Гьеб ккола гIемерал соназда нухмалъиялда букIараб рагъулаб хунтаги нахъе рехун 2011 соналда нухмалъуде бачIараб гражданияб хIукуматалъ гьарулел демократиял хиса-басиязул бутIалъун. Гьел хиса-басиязул гIурхъабалъ эркен гьарун рукIана гIемерал политикиял туснахъал ва оппозициялъул багъа-башариязе рукIарал гIурхъаби нахъе рахъун рукIана.