Шималияб Кореялъ лъазабуна, Жанубияб Кореялъулгун рагъ унеб режималде жиб буссун бугин ва кΙиябго улкаялда гьоркьор раккулел суалал рагΙалде рахъинаризеги ругин гьелде данде кколеб къагΙидаялдайин.
Пхеньяналъул гьединаб лъазабиялда абулеб буго, бокьараб провокация нахъ тΙамичΙого буссине бегьулин унго-унгояб рагъалдейин, гьебги щибин ядерияб ярагъ хΙалтΙизабиялде щунин.
Цолъарал штатаз гьединаб хΙинкъи къабул гьабуна букΙине кколеб къагΙидаялда, амма жубана, Пхеньяналъул хΙинкъиял жидеда лъикΙ лъалин, ахирисебги кколин басрияб хΙинкъи, цΙияб къагΙидаялда загьир гьабурабин.
Россиялъул къватΙисел ишазул министр Сергей Лавровас лъазабуна Кореялъул бащдаб чΙинкΙияллъиялда бугеб ахΙвал-хал контролалдаса гъоркьан борчΙиялдаса бугеб кΙудияб хΙинкъиялъул хΙакъалъулъ.