Радио Эркенлъи (архив) "Ренхап": Пхеньян буссуна Сеулалъулгун "рагъ лъазабураб режималде"... Март 30, 2013 Шамат къоялъ радал Шималияб Кореялъ лъазабуна жиб «буссанин Жануб Кореялъулгун рагъ унеб хІалалдейин». Гьелъул хІакъалъулъ лъазабулеб буго Жанубияб Кореялъул «Ренхап» абураб информагентлъиялъ.