ГΙиракъалда гьарун руго терактал

ГΙиракъалда гьабураб ункъго кьвагьиялъул хΙассилалда хун вуго бищун дагьа босун Ι8 чи. ГΙемер чи лъукъунги вуго. Кьвагьи ккун буго гΙиракъалъул тахшагьара Багъдадалда ва Киркук шагьаралда рузман как лъугΙарабго. Такъсиралъул жавабчилъи гьанжеги лъицаниги тΙаде босун гьечΙо.