Москваялда референдум тΙобитΙизе бегьула

Россиялъул ТΙадегΙанаб диваналъ Москваялъул рищиязул комиссиялда тΙадаблъун бихьизабуна рукъзабазулгун коммуналияб магΙишаталъул суалазда сверун референдум тΙобитΙиялъул инициативияб къокъаялъул регистрация гьаби.

Гьединаб инициатива загьир гьабун букΙана кΙиго соналъ цебе коммунистаз.

КПРФалъ цебелъей гьабулеб буго лъабго суал кьезе: хадусеб соналде щвезегΙан тарифал цΙикΙкΙинаризе риччазе бегьуларин абураб пикруялда рази ругищ нуж; рукъзабазул фонд басралъиялъул даражаялде балагьун гьелъул капиталияб ремонт гьабизе кколеб букΙин битΙаралъун бихьулищ нужеда; рикΙкΙунищ нужеца универсиалияб электронияб картаялъул хΙакъалъулъ къанун хисизе къварагΙел бугин? абурал.