Генпрокуратураялъе бокьун буго «За права человека» къазе

Россиялъул Генералияб прокуратураялъ нахъ чΙвалел руго коммерциялъулагурел гΙуцΙиязул хал-шал гьабиялъ къанунал хвезарулел ругин абурал инсанасул ихтиярал цΙунулезул гΙайибал, гьел тадбирал гьабулеб бугин планалда рекъонинги абун.

АрбагΙ къоялда низам цΙунулел идарабазул хΙалтΙухъаби щвана Human Rights Watch ва Transparency International абурал халкъазда гьоркьосел гΙуцΙиязул москваялъул офисазде ва «Гражданское содействие» гΙуцΙиялде. Казаналда прокуратураялъ хал-шал гьабулеб рагΙула «Агора» абураб инсанасул ихтиярал цΙунулеб гΙуцΙиялъул.

АрбагΙ къоялдаго Москваялъул прокуратураялде ахΙун вуго «За права человека» абураб инсанасул ихтиярал цΙунулеб багъа-башариялъул лидер Лев Пономарев. Гьесул рагΙабазда прокуратураялъул хиял буго диваналде хитΙаб гьабунм гьес нухмалъулеб гΙуцΙи къазабизе.

Низам цΙунулел идарабазул вакильзабаз лъазабулеб буго, жидер тадбирал хурхарал ругин, цебесеб соналъул хаслихълъиялда къабул гьарурал НКОязда хурахарал къануназул тΙалабал тΙуразариялдайин.