Пхеньяналъ Сеулалъулгун бухьен хвезабулеб буго

Шималияб Кореялъ арбагΙ къоялда лъазабуна, Жанубияб Кореялъулгун рагъулаб экстренияб бухьен хвезабулеб букΙиналъул хΙакъалъулъ.

Би-Би-Сиялъ бицунхъе, гьеб бухьеналдаса пайда босулеб букΙун буго аслияб къагΙидаялда КΙиябго Кореялъул цадахъаб индустриалияб комплексалде ине къварагΙел баккараб мехалда. Гьеб бухьен биххизабиялъул багьаналъун Пхеньяналъ лъазабулеб буго Кореялъул бащдабчΙинкΙияллъиялда Сеулалъги Вашингтоналъги тΙоритΙулел цадахъал рагъулал ругьунлъиял. Гьединаб галиялде Пхеньян гьесизабун батизе бегьула гьединго Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул ХΙинкъигьечΙолъиялъул мажлисалъул Жанубияб Кореялде данде гьарулел санкцияби хачлъизариялъул хΙукмуги.

Ахирисеб чанго анкьида жаниб Шималияб Кореялъул нухмалъиялъ чанго нухалъ рагъулал хΙинкъиял кьуна Сеулалъеги Вашингтоналъеги. Талат къоялда Пхеньяналъ лъазабуна, рагъулазе буюри кьунин Гавайазда, Гуамалда ва амрикаялъул континенталиял территориязда ругел Цолъарал штатазул рагъулал базабазде щвезабизе бегьулеб кьабиязде хΙадурун рукΙиналъулин. Шималияб Кореялъул нухмалъиялъ Жанубияб Кореялъул президент Пан Кын Хеда ахΙана къалги къан чΙун вукΙиналде, гьес Пхеньян провокацияздаса ва хΙинкъиял кьеяздаса инкар гьабиялде ахΙун хадуб.