Сириялъул оппозициялъе ярагъ кьеялъул суал дандбалеб буго

КIудияб Британиялъ ва Франциялъ шамат къоялъ къасд гьабулеб буго Евроцолъиялъул цогидал улкаби божизабизе Сириялъул оппозициялъе ярагъ кьеялда гьабураб эмбарго нахъе бахъине кколеблъиялда.

Гьаб суал аслияблъун букIине буго Ирландиялда ва Брюсселалда байбихьараб Евроцолъиялъул къватIисел улкабазул министрабазул данделъиялъул кIиабилеб къоялъ.

Франциялъул ва КIудияб Британиялъул тIадтараз абулеб буго Россиялъги Ираналъги Башар Асадил аскариязе ярагъ кьолеб бугин, гьединлъидал Сириялъул оппозициялъеги ярагъ кьей – гьеб бугин Башар Асадил низамалде тIадецуй гьабизе рес кьолеб цохIого цо нухилан.