Конгоялъул «Терминатор» жаниве тIамун вуго

2002-2003 соназда Конгоялда рагъулаб такъсирчилъи гьабиялда шаклъи бугев "Терминатор" ян абулеб тIокIцIар бугев Боско Нтаганда шамат къоялъул радал швезавун вуго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялда цебе бугеб Халкъаздагьоркьосеб Диваналъул туснахъалде.

Гьесде гIунтIизарулел гIайибал – чIвадари, руччабазда хIал гьаби ва балугълъиялде рахинчIел васалги лъималги рагъда хIалтIизари.

40 сон барав Нтаганда Халкъаздагьоркьосеб диваналде кверде вачIун вуго жиндиего бокьун. Араб итни къоялъ жинца гьабураб хIукмуялъул хIакъалъулъ гьес лъазабуна Руандаялда ругел Цолъарал Штатазул дипломатазде.