Гъарабудагъкент мухъалдаса Нажмудинов МухIамаднабица гIарза хъван буго Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналде бугеб бутIаялде.
Араб соналда гьесул 17 сон барай ясалда хIал гьабун букIана гьебго мухъалда гIумру гьабун ругел чанго гIолохъанчияс. Амма чанго нухалъ жанисел ишазул идараялде хъваниги такъсирчагIазе тамихI гьабулеб букIинчIо низам цIунулез.
Гьал къоязда гьел кквезе тадбирал гьарун рукIана Каспийскалъул полициялъулаз. Амма ккун нахъисеб къоялъго къватIире риччан руго гьез такъсирчагIи.
Нажмудинов МухIамаднаби живгоги ккола полициялъул хIалтIухъан. ЦIех-рехалъул комитеталде гьес хъвараб гIарзаялда абулеб буго марталъул 13-б къоялъ Гъарабудагъкент мухъалдаса МухIамадов МухIамад, ГIамирханов Набиюлла, Давудов Шамиль ва Хайрулаев МухIамадбег Каспийскалда бугеб цIех-рехалъул комитеталъул вакиллъиялъ ккураб куцалъул.
МухIамаднабица гIарза хъван букIун буго рехсараб идараялъул цIех-рехалъул хIалтIухъан Тельпаров Ниязихъе. Амма гIемераб заманаялъ лъицаниги кIвар кьечIого тун букIун буго гьеб хIужа. Ва гьале гьанжениги тамихI гьабилеб батилин гьезиеян ясалъул инсуда ракIалде ккун бахъиналде, полициялде рачун нахъисеб къоялъго къватIире риччан руго гьел гIолохъаби.
Гьезул цояв МухIамад МухIамад абулев гIолилав тIуванго кодове щолев гьечIо гьабсагIатги. Гьес жаваб кьолеб гьечIо цIех-рехчиясул телефоналдеги.
МухIамаднабил ясалда хIал хIабурал такъсирчагIазул кинавниги вукIун вуго 11 гIолилал.
Халат бахъараб чIунхутIиялдаса хадуб рехсараб такъсирияб хIужаялде цIех-рехчагIаз кIвар кьезе байбихьаралдасаго байбихьун буго МухIамаднабиде гьабулеб тIадецуялги кьолел хIинкъабиги.
Гьедин жанир тIамун рукIарал гIолохъабазул гIагарлъиялъул гIаданалъ абун буго гьесда нахъе босейин дуца хъвараб гIараза дуе чIаго хутIизегойиш бокьун гьечIеб, дуда кколеб гьоркьоб заман ун хадуб кида къадги къватIире рачIиндал гьев 11-го чияс мун чIаго телиланищин.
Гьединго рукIун руго дуе къваригIарабгIан гIарацги кьелин нахъе босейин гIарзаян абулелги. ТIадехун рехсарал гIолохъаби ккун нахъисеб къоялъ такъсирчагIазда гьоркьов вугев ХIажиев Мухамадмухтарил гIагарлъи бачIн буго гьесухъе рокъобе жиндирго хIукму хисизабиян гьасдаги ясалдаги гьаризе, амма гьаз гIинтIамун гьечIо.
16 марталда гьесухъе рокъоре нахъойги рачIун руго чи. Гьаб нухалъ вачIун вуго нухазда хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъул хIалтIухъан, полициялъул офицер ХIажиев ГIазизахан.
МухIмаднабил ясалда хIал гьабуразул цояв Наибханов Джамалил яц кьурав чи, гьесги абун дуе гIарацги, ралел бакIазул материалги цогидаб хIажатаб щиб батаниги гьебги кьейин нахъе босейин гIарзайилан, амма МухIамаднабица инкар гьабун буго.
Гьесда тIадецуй гьабизе къасд гьабун буго гьединго гьасда цадахъ цIалулев вукIарасул чIужу Мияханум абулей гIаданалъги.
ДандчIвазе ахIун вуго гьелъ МухIамаднаби, инкар гьабидал чорокал рагIаби хъварал кагътал рачIун руго гьасухъе телефоналде ритIун. Гьебго къоялъ къаси гьасухъе кIалъан вачIун вуго МухIамаднабил ясалда хIал хIабурал гIолохъабазул адвокат Бейсултан Капаров. МухIамад набица жинда хIал гьабунилан гьасда тIасан хъвараб гIарза бачIун бугин дой гIаданалъ полициялдеян.
Хъвайилан абейин, жинде гьелъул ургъел гьечIилан жаваб кьун буго гьасги. Бейсултаница гьев мукIур гьавулев вукIун вуго, гьеб гIарза сабаблъун мун хIалтIудасаги нахъе рехулин тIаде жоялъе жанивги лъолилан. МухIамданаби разилъун гьечIо.
Гьеб такъсиралда сверун иш цIех рехалъ гьединан халат бахъине гьабулеб бугеб мехалъ гьел гIолохъабазе тамихI дуцаго гьабилилан абураб пикруго букIанищин дурилан гьикъана нижеца гьесда:
Нажмудинов МухIамаднаби: «БитIараб бицани, байбихьуда гьединаб пикру букIинчIо дир, дида абулебни букIана цо-цояз батIияб къагIидаялъ къотIизе кколин гьезие тамихIилан. Амма дирго бугеб ресалъухъ ва къуваталъулги хIисаб гьабурабго дида бичIчIана 11 гIолохъанчиясдаса бергьине дие бигьаго букIунареблъи.
Ярагъги хIалтIизабун гьездаса къисас босизе дун лъугьинаро битIараб бицани, дир жеги лъабго лъимал руго нахъе, гьезул тIалаб лъица гьабизе бугеб?»
КигIан цIех-рехалъул комиттеталъги цогидазги жинде квал-квал гьабулеб бугониги нахъекъай жиндир тIокIаб букIунарин, ясалда тIад зулму гьабурал чагIиги жинца тамихIалде цIачIого толарилан тIаде жубана гьес ахиралдаги.
Нажмудинов МухIамаднабилги гьесул ясалъулги ихтиярал цIунулел руго Хасавюрталадса адвокат Сапият МухIамадовалъ. ГIолохъаби тамихIги гьабичIого эркенлъиялде риччан тей, инсудаги ясалдаги тIадецуй гьабун гьел хIинкъизаризе ургъун рахъун гьабураб хIалтIи кколин цIех-рехалъул комиттеталъулилан рикIкIунеб буго гьелъ:
МухIамадова Сапият: «ТIокIабги кинаб цIарха гьелда лъелеб цIакъго бакIаб такъсир гьабурал гIолохъаби. кквезе щун хадурги нахъисеб къоялъго къватIире риччалел ругони?
Гьа, щиб гIилла букIунха гьел къватIире риччарал гьез, кинал далилал рукIун, яги цIех-рехчиясдаги сурав босулесдаги гьел берцин рихьунищ?
Гьез хIал гьабурай ясалъ абулеб букIанагурищ жинда гьел киналго цIар-цIарккун лъалин, щайха гьей йиччачIей гьезухъ балагьизе, гьелъ чIванкъотIун бицинагуриш, кинавалиго МухIамадица, Иваница ялъуни ГIали-ГIумарица гуреб, гьавги гьавги чияс гьабунин гьеб такъсирилан.
Амма гьеб киналдасаго хIинкъарал киниги къватIире риччан руго гьез ункъавго щаклъи бугев.
Щиб гьелъул магIна? Гьелъул магIна буго ЦIех-рехалъул комитеталъ ургъунго риччанин гьел чагIи квъатIире, ясалъеги гьелъул инсуеги хIинкъаби кьун тIадецуй гьабизейин абураб.
Гурони, хIисаб гьабеха, хIалица кIвана нижеда ункъо моцIалъул чIунхутIиялда хадуб гьеб такъсирияб хIужаялде цIех-рехчагIазул кIвар буссинабизе, гьезин абуни, бачIинахъего, тIубанго кIала-гъоркье буссинабуна кинабго».
Нажмудиновазе гьабулеб ракIбакъваялъул хIакъалъулъ бицун Сапият МухIамадовалъ гIарза хъван буго заманаялъ Дагъистаналъул нухмалъулевлъун вугев Рамазан ГIабдулатIиповасул цIаралдаги, инсанасул ихтиярал цIунулел киналго гIуцIабазде ва санаде бахинчIеб лъимералъул ихтиярал цIунулеб идараялдеги.
Гьезги кIвар кьечIого тани кIудияб ахIи-хIур бахъинабизе ракIалда буго адвокаталда.