Оджаланил каламалъе Эрдогъаница лъикIаб къимат кьуна

Туркиялъул прмьер-министр Ражаб ТIайгьиб Эрдогъаница лъикIаб къимат кьуна курдазул сепаратистазул бетIер ГIабдуллагь Оджаланил каламалъе, аммаила тIаде жубана гьес, маслигьаталъе гьеб гIун гьечIин.

Турказул аскарияз яргъид гIуцIарал сепаратистазде данде рачунел рагъулал операциял халат бахъине бугин къеркьохъаназ ярагъ гIодобе лъезегIан.

ГIабдуллагь Оджаланица къеркьохъаназде ахIи бана Туркиялъул ракьалдаса нахъе аян абун.