Сириялъул мажгиталда кьвагьи бахъана

Сириялъул тахшагьар Димишкиялъул мажгиталда бахъараб кьвагьиялъул хIасилалда ккарал къурбаназул къадар кIикъоялда кIигоясде бахана.

Гьединго лъукъун вугин ункъоялдаса цIикIкIарав чи. Гьадин лъазабуна рузман къоялъ Сириялъул телевидениялъ.

ЧIваразда гъорклъ – кIудияб асар букIарав суннитазул рухIанияв шайих МухIамад-ГIали Бути. Гьес цо гуреб нухалъ жиндиго квер бакъи загьирабуна президент Башар Асадие.