Экстремистаз Франциялъул гражданин чIвана

Шималияб Африкаялда багъдолеб «Исламалъул Магърибалда Аль-КъагIида» абулеб экстремистикияб гIуцIиялъ лъазабуна 2011 соналда гъоркьлъалие восарав Франциялъул гражданин Филипп Вердон жидеца чIванин.

Экстремистазул вакилас ANI абулеб Мавританиялъул информагентлъиялъе лъазабуна гьев чIван вугин исана 10 марталдаилан ва гьеб бугин Малиялда рагъулаб операция бачунеб Франциялдаса босараб къисасилан.