Кипралъул тIалъиялъ кумек гьарулеб буго

Кипралъул политикиял церехъабаз арбагI къоялъ иргадулаб гуреб данделъиялда хехал консультациял тIоритIана Евроцолъиялъул ва Халкъаздагьоркьосеб Валютияб Фондалъул кумек щвезе бугеб рес данбан.

Европаялъул кредит босизе бегьулин Россиялъул финансияб квербакъиялдалъун.

Хасго гьеб сабаблъун Кипралъул финансабазул министр Михалис Саррис Москваялде вачIун вуго арбагI къоялъ.