Сомалиялда теракт

Сомалиялъул тахшагьар Могадишоялда кьвагьи бахъун буго. КIиго чи чIван анцIгоявги лъукъун вуго гьелъул хIасилалда.

Абулеб буго гьеб теракт гьабун бугин живго жинцаго чIвазе хIукму гьабурас. Гьелъул жавабчилъи жинда тIад жеги лъицаниги босичIо.