Итни къоялъ Истанбулалда рагьана Сириялъул оппозициялъул данделъи. Гьеб данделъиялда гьоркьоб лъун буго Сириялъул заманалъул хIукуматалъул бетIер вищиялъул суал.
Гьеб заманалъул хIукумат хIалтIизе буго Башар Асадил тIалъиялъул контролалъукьа рорчIарал мухъазда. Данделъиялда гIахьаллъи гьабулеб буго дунялалъул анцI-анцI улкабаз къабул гьабураб Миллияб коалициялъул мушаварачагIаз.
Заманалъулав премьер-министрасул хъулухъалде вачIине къасд гьабулеб буго 12 кандидатас. Гьезда гъорлъ – Башар Асадил хIукуматалда росдал магIишаталъул министрлъун вукIарав МустIапа Асадицаги.