Туснахъазда ругел кавказиял гьенир даимго рукIине кколищ?

Россиялъул туснахъазда жанир ругел г1адамазул зах1матаб къисмат бугин абулеб буго инсанасул ихтиярал гьелъие г1емерал мисалалги рачулаго. Ахирисеб мехалда ц1ияб пашманаб г1адат баккун буго Россиялъул туснахъалъул системаялда – жанир ругел кавказиял эркенлъуде риччангут1и мурадалда гьел рикъи.
Аслан Черкесовасул гIагараз лъазабулеб буго гьев вугеб бакI жидеда лъаларин. Аслан Черкесов жаниве тIамун вугоан Красноярск икълималда бугеб туснахъалде. Амма гьесул адвокат Игорь Кузнецовас мухбирзабазде лъазабуна гьенир жанир ругезул сияхIалда Черкесовасул цIар гьечIин. Колониялда гьеб суалалда тIасан баян гьабулеб гьечIо.

РакIалде швезабизин: Гъабардагун-Балкариялда гьавурав ва гIурав Аслан Черкесов 2011 соналда гIайибиявлъун рикIкIун вукIана футболалъул «Спартак» командаялъул фанат Егор Свиридов чIваялда бан. Живго Черкесов гьеб гIайибалъе мукIурлъичIо. Амма Москваялъул диваналъ къотIи гьабун букIана гьев 20 соналъ жаниве тIамизе. Россиялъул ТIадегIанаб Диваналъ гьеб болжал кIиго моцIалъ къокълъизабуна.

Аслан Черкесовасул эбел Черкесова Соняца гьадинаб баян гьабуна нижер программаялъе:

Соня Черкесова: «Нижер дова адвокат вуго. Нужеда лъалеб батила гьаб ишалъ кIудияб ахIи-хIур багъаризабун бугеблъи. Аслангун даимго цо жо лъугьа-бахъунеб букIуна. Нижеца цIияв адвокат валагьана доваго, гьес мех-мехалъ Асланихъе ваккун нижее цIияб информация кьей мурадалда.

Гьанже гьев адвокадасда Аслан ватичIо. Гьесде абун вуго гьев азарханаялда вугин. Азарханаялдаги гьев ватун гьечIо. Лъаларо, кив Аслан вугевали, квешго вухун вугищали гьев.

Дида щибниги лъаларо. Гьалеха гьев нахъеги вилун вуго 4 марталдаса нахъе. Красноярскалъул ракьалъул 17 номералъул колония».

Дагьалъ цебе нижер мухбиралъ бицен гьабуна гьелда релъараб хIужаялъул -
МахIачхъалаялдаса Мурзабеговазул хъизаналъ ахIи бахъинабулеб буго, Гъизилюрталъул 9 туснахъалда жанив тIамун вукIарав, жидер гIагарав чи – Мурзабегов МухIамад киве аравали лъачIого тIагIун вугилан.

Гьадинал хIужаби ахирисеб заманалда пашманаб гIадатлъун ккун буго, ян абуна нижер программаялъе инсанасул ихтиярал цIунулей Ганнушкина Светланаца ва гьабуна гьадинаб баян:

Светлана Ганнушкина: «12 марталдаса байбихьун халат бахъунеб буго Мирзабеговасда хурхараб гьаб иш. ГьабсагIат дихъ телефоналъ ахIун йикIана Аслан Черкесовасул эбелалъ.

ТIоцебесеб гуреб нухалъ гьесул лъалкIал тIагIунел руго. Тамахго абуни, гьесие данде кколареб асар гьабулеб буго доба. ХIакъикъаталдаги, лъицаниги жаваб кьолеб гьечIо гьединал ишазда бан.

Цо-кIиго чиясда щибниги гьабизе кIоларо гьаб туснахъалъул системаялде данде къеркьолаго. Дида ккола гьадинаб ахIвал-хIалалъ тIолго улкаялъе хIинкъи кьолеб бугин. Ва гьениб закон гуреб - банда хIалтIулеб буго, ян абизе бегьула».

Светлана Ганнушкиница абулеб буго ахирисеб мехалда гьадинал къануналде данде кколарел ишал аслияб къагIидаялда гьарулел ругин жанир тIамурал кавказялъулазда бан, гьел эркенлъуде риччангутIи мурадалда.