Багъдадалда чIван вуго 12 чи

Хамиз къоялда Багъдад бакьулъ живго чIвалес автомашина кьвагьизабидал хун вуго 12 чи, лъукъун вуго 30-ялдаса цIикIкIун чи. Шагьаралъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго кинабниги лъабго кьвагьи гьабун бугин. Аслияб къагIидаялда гьел ритIарал рукIун руго пачалихъиял минабазде данде. ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъул минаялде яргъидгIуцIараз гьужум гьабидал гьелгун рагъизе ккун руго низам цIунулел.
Гьел кьвагьиялгун тIадекIанцIиязул жавабчилъи жеги лъицаго тIаде босун гьечIо. Чанго къоялдасан тIубала анцIго сон ГIиракъалде Америкалъул нухмалъиялда гъоркь халкъаздагьоркьосеб коалияциялъул къуватал лъугьаралдаса.