Кореялъул бащдаб-чIинкIиллъиялда ахIвал-хIал хIалуцун буго

Шималияб Кореялъе рес гьечIо 1953 соналда Кореялъул рагъ лъугIун хадуб къабул гьабун букIараб ракълилаб къотIи-къаялдаса жиндиего бокьун инкар гьабизе. Гьедин лъазабулеб буго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ. Шималияб Кореялъул Rodong Sinmun газетаялъ хъвалеб буго Пхеньяналъ лъазабунин гьеб къотIи къуваталда гьечIин. Щибаб лъагIалица тIоритIулел Жанубияб Кореялъул ва Америкаялъул цадахъал рагъулал хIалбихьиял байбихьун хадуб Шималияб Кореялъ жиндир жанубияб мадугьалалъе тIаде кIанцIизе хIинкъаби кьун рукIана. Гьебго къоялъ Пхеньяналъ къана Жанубияб Кореялъулгун гIурхъи ва къотlизаруна гьеб улкаялъул хIукуматгун кинал рукIаниги бухьеналги. Кореялъул бащдаб-чIинкIиллъиялда ахIвал-хIал хIалуцана Пхеньяналъ февралалда ахирисел атомиял хIалбихьиял гьарун хадуб. Гьелъ рачана Пхеньяналде данде Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Шураялъул санкциял кьвариялде.