Hermitage Capital корпарациялде цΙиял гΙайибал гΙунтΙизарулел руго

Вильям Браудер

ТΙоцебесеб каналалъул гьатΙан къоялъул программаялда лъазабуна Hermitage Capital абураб инвестициязул фондалъул бетΙер Уильям Браудерица Калмыкиялда магъалаби кьечΙого тун ратизе бегьулин.

Гьеб программаялъул версиялда рекъон, Браудерица Калмыкиялда рагьун буго анцго компания, гьенире хΙалтΙуде кагътида росулел рукΙун руго инвалидал. Гьел фирмабазда гьезул гΙицΙго цΙарал рукΙун руго ва гьелъухъ гьезие кьолеб букΙун буго гьитΙинабго гΙарац.

Гьединаб схемаялъ рес кьолеб букΙун буго миллиардал гъурщазе магъалабазул бигьалъиял щвезе.

Авторазул рагΙабазда, гьеб гΙарац хΙалтΙизабулеб букΙун буго россиялъул компаниязул, гьездаго гъорлъ «Газпромалъул», акцияби росиялъе.

Программаялда хасаб кΙвар буссинабун буго гьел махинациязда Hermitage Capitalалъул юрист Сергей Магнитский гΙахьаллъун вукΙиналде.