Пхеняналъ инкар гьабун буго къабул гьабун букΙараб къотΙи-къаялдаса

Халкъазда гьоркьосеб жамгΙияталъ жинде данде санкцияби хъачΙлъизариялъе жаваб хΙисабалда, Шималияб Кореялъ лъазабуна, Жанубияб Кореялъулгун къабул гьабун букΙараб цоцаде тΙадекΙанцΙунгутΙиялъул къотΙи-къаялдаса инкар гьабулеб букΙиналъул хΙакъалъулъ. Пхеньяналъ гьединго къалеб буго Панмунджом абураб гΙорхъиялъул пункт.

Лъазабулеб буго, Шималияб Кореялъул лидер Ким Чен Ын щванин 20Ι0 соналда Жанубияб Кореялъул чΙинкΙиллъиялда кьаби щвезабиялда гΙахьаллъараб рагъулазул бутΙаялдейин. Гьес рагъулал ахΙун руго бокьараб мехалда тушманасе жаваб кьеялде хΙадурал рукΙиналде.

Хамис къоялда Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул ХΙинкъигьечΙолъиялъул мажлисалъ киналго гΙахьалал рахъаз гьаркьал кьун, рахъ ккун буго Шималияб Кореялде данде гьарулел санкцияби хъачΙлъизариялъул хΙукмуялъул. Гьеб хурхараб буго Ι2 февралалда Пхеньяналъ гьарурал ядериял хΙалбихьиязда.