Браудерилгун Магнитскиясул ишалда сверун гΙенеккиязул болжал чΙезабун буго

Москваялъул Тверь мухъалъул диванчи Игорь Алисовас Браудерилгун Магнитскиясул ишалда сверун гΙенеккиязул болжал чΙезабуна. Гьеб иш гьоркьоб лъезе буго 11 марталда жалго гΙайиб гΙунтΙизабулел гьечΙониги. Гьел кΙияздего гΙайиб гΙунтΙизабулеб буго 500 миллион гъурущалдаса цΙикΙкΙун магъалаби кьунгутΙиялъул.

Hermitage Capital фондалъул юрист Сергей Магнитскиясул иш гьоркьоб лъезе буго гьев хун вукΙаниги.