Сербиялдаги Косовоялда гьоркьор тΙоритΙулел руго кΙалъа-басаял

Сербиялъул ва Косовалъул премьер-министрал Ивица Дачичидаги Хаши Тачидаги гьоркьоб Брюсселада тΙоритΙана калъа-басаязул анлъабилеб раунд. Итни къоялъул маркΙачΙуда Евроцолъиялъул къватΙисеб политикаялъул тΙадегΙанай вакиль Кэтрин Эштонильгун цадахъ гьел къиязго гьоркьор лъуна Косовоялъул сербазулги албаназулги гьоркьорлъаби.

Гьеб мухъалда гΙумру гьабун ругел сербаз къабул гьарулел гьечΙо аслияб къагΙидаялда албанал гъорлъе унел нухмалъиялъул идараби.

Гьелда цебе Эштоница Сербиялъулги Косовоялъул премьеразулгун гара-чΙвари гьабун букΙана батΙа-батΙаго.

Сербиялъул нухмалъиялъ загьир гьабун букΙана компромисс батΙиялъе галаби гьариялъул хьул букΙин.

Белгарадалъ къабул гьабулеб гьечΙо Косовоялъул лъиданиги бачΙоголъиялъул статус. Гьеб Приштинаялъ лъазабун букΙана 2008 соналда.