Москваялда протесталъул акция.

Шамат къоялъ Москваялда Сахаравасул цIаралда бугеб проспекталда тIобитIана «Москваялъулазул ихтияразе гIоло» абулеб игIланалда гъоркь оппозициялъ гIуцIараб разилъи гьечIолъиялъул акция.

Гьелъулъ гIахьаллъи гьабуна гIага-шагарго лъабазарго чияс.ГIахьталчагIаз гьарулел тIалабал – рукIа-рахъиналъул реформаби тIоритIи ва шагьар баялъул политика хиси.