Мьянмаялда прессалде гьабулеб тIадецуй.

Шамат къоялъ Мьянмаялъул информалатазул вакилзабаз какана информация тIибитIизабулел алатазда хурхараб цIияб къануналъул проект.

Гьеб проекталда рехсолел руго гьукъарал темаби. Ва гьелда рекъон аккредитация гьечIого хIалтIулел журналистазе кьварараб тамихI гьабизе ккола.

Гъоркьисала август моцIалда Мьянмаялда нахъе бахъун букIана цензура.

Добго мехалда тIадтараз лъазабуна лъидаго рачIел газетаби къватIире риччазеги бегьула ян абун, амма лицензия кьун бугоан гIицIго микьго газетаялъе.