Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица рузман къоялъ абуна Туркиялъул премьер-министр Ражаб ТIайгьип Эрдогъанил каламалъ жиндир рахIат хвезабунин.
Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ Венаялда тIобитIараб пресс-конференциялда кIалъазе вахъарав Эрдогъаница абуна исламофобия такъсирлъун рикIкIине кколин сионизм, антисемитизм ва фашизм гIадин.
Рузман къоялъ ГIизраилалъул премьер-министр Биньямин Нетаньягуцаги абуна Эрдогъанил лъазаби гьересияб ва бичIчIулареб бугин.
Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияв секретарь Пан Ги Муницаги абуна Туркиялъул премьер-министрасул гьединал рагIабаздалъун дагIба багъаризе бегьулилан.