Алматыялда ахиралде швана халкъаздагьоркьосеб конференциялъул иргадулаб раунд.

Алматы шагьаралда ахиралде швана Ираналъул атомияб программаялъул суалгун гьоркьоб халкъаздагьоркьосеб конференциялъул иргадулаб раунд.

Дунялалъул анлъго чIахIияб улкаялъул вакилзабаз пикру гьабуна Ираналде данде лъазарурал санкциял дагьалъниги тамахлъизаризе Тегераналъ уран бацIад гьабиялъул ищ 20-гIаги проценталъ дагьлъизабуни.

Рехсараб тадбиралъул гIахьалчагIаз хIукму гьабун буго гьебго суал дандбазе исана 17-18 марталда Истанбулалда экспертазул даражаялда.