Тунисалда нухмалъиялда бугеб исламистазул «Ан-Нахда» партиялъ хIукуматалъул бетIерасул хъулухъалде бихьизабулеб буго жанисел ишазул министрлъун вукIарав ГIали Ларайедил кандидатура. Гьедин лъазабуна партиялъул нухмалъиялъ. 6 февралалда Туннисалъул оппозициялъул лидер Шукр Бельэйд чIван хадуб улкаялда унел рукIана протесталъул акциял.
Премьер-министр ХIамад Джебейлица кабинетги хIалхьиялде битIун рагIи кьун букIана миллияб цолъиялъул цIияб хIукумат гIуцIизе.
Премьер-министр ХIамад Джебейлица кабинетги хIалхьиялде битIун рагIи кьун букIана миллияб цолъиялъул цIияб хIукумат гIуцIизе.