Ахирисеб заманалда Белоруссиялда кIудияб бахIс багъарун буго мацIалъул политикаялда хурхараб. Цоязул рахIат хвезабун буго гIурус мацIалъул позиция Белоруссиялда загIиплъизабулеб букIиналъ. Цогидаз гIамал гьабулеб буго белорусс мацI латин хIарпаздалъун хIалтIизабизе. Амма гьеб проблема гуро цохIо Белорусссиялъе хIасиятаб.
«Столетие» абулеб Тарихияб Перспективаялъул Фондалъул информациониябгун цIех-рехалъул сайталъ гIатIидго дандбалеб буго Белоруссиялда бугеб мацIалъул ахIвал-хIалалъул суал.
«Миллатчилъиялъул министерлъи» абулеб макъалаялъул автор Алексей Полозовасул пикруялда Белоруссиялда латинизация байбихьун бугин. Мисалалъе гьес рачунел руго Минск шагьаралъул метроялъул къадазда рарал хъвай-хъвагIаял.
Метроялъул станциязул цIарал кьун руго кириллицаялдаги латиницаялдаги.
Полозовас хасго гьадин абулеб буго жиндирго макъалаялда: «Шаклъи гьечIого, хасго гIурус мацI ккола Белоруссиялда аслияб мацIлъун. Гьедин бигьаяб буго жалго белоруссазе ва гьезул цIикIкIунисеб къадар белорусизациялде данде чIолеб буго».
Аммаила, гьелда балагьичIого республикаялъул тIадтараз къасд гьабулеб бугин хасго белорус мацI гIатIидго тIибитIизабизе.
БатIияб баян гьабулеб буго Белорус мацI лъазабулеб институталъул гIелмияв хIалтIухъан Игорь Копыловас:
Копылов Игорь: «Белорус мацIалъул латиницаялъул цIияб вариант гьале 15 соналда жаниб хIалтIулеб буго. Гьелъул апробацияги тIобитIана Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялда ва экспертазул къукъаялъ гьеб вариант къабулги гьабун, халкъаздагьоркьосеб даражаялде бихьизабун буго».
Игорь Копыловас абулеб буго гьаб проблема актуалияблъун рикIкIине бакI гьечIин.
Копылов Игорь: «Дица абиларо жакъа къоялде гьеб кIвар цIикIкIараб проблема бугин, щай? Щай гурелъул жакъа официалияб графикалъун кириллица кколелъул. Амма, хIакъикъаталдаги Белорус мацIалъул тарихалда латиница хIалтIизабулеб букIана халатаб заманалда. Чанго гIасруялда жаниб. ХV-ХIII гIасрабазда Белорус мацIалъ хъварал асарал басмаялде кьабулаан хасго латин хIарпаздалъун».
БатIияб иш буго Россиялъул миллиял субъектазда. Россиялъул тIадтараз, жамгIиял ва политикиял хIаракатчагIаз некIогоялдаса гьоркьоса къотIичIого русификациялъул политика хIалтIизабулеб буго хасго бусурбабаз гIумру гьабулел икълимазда – Татарстаналда ва Шималияб Кавказалъул республикабазда.
Ахирисел соназ Татарстаналъул жамгIиял хIаракатчагIаз ва гIалимзабаз чанги нухалъ къасд гьабулеб букIана цебе гьениб хIалтIизабулеб букIараб латин алфавит хIалтIизабизе. Амма Россиялъул хIакимзабаз чIван къотIараб къагIидаялда гьеб иш гьукъулаан, гьединал хIаракатчагIазе миллатчагIазул цIаралги кьун.
Гьениб бачине бегьула гьадинаб тарихияб баян. Лъалеб букIахъе Латин алфавит хIалтIизабулеб букIана Дагъистаналдаги большевикал хIакимлъуде рачIараб мехалда. Гьез нахъе бахъун букIана гьениб некIо заманалдаса хIалтIизабулеб букIараб ажам, ай – гIараб алфавит.
Болшевиказул идеологаз дагъистаниязе мисалалъе бачулеб букIана Туркиялда ккарал реформаби. Дораги гIараб алфавит нахъе бахъун букIана Ататюркица, ян абулаго. Хадуб официалияб алфавитлъун Дагъистаналда лъазабун букIана кириллица. Гьеб кинабго иш гьабулеб букIана миллияб ва рухIияб ирс кIочонтезаби мурадалда.
Амма гьеб иш большевиказ гурел байбихьараб. 1870 соналда Тифлисалда къватIибе бахъараб «МагIарулазда гъорлъ цIáла-къали тIибитIизаби» ян абураб макъалаялда абулеб букIана Кавказалда гIаммаб мацIлъун гIурус мацI букIине кколин, гIаммаб алфавитлъун кириллица букIине кколин.
Цого мехалъ пачаясул администрациялъ кIудияб кIвар кьолеб букIана рахьдал мацIазеги. Амма миллиял мацIал церетIезари пачаясул хъулухъчагIазул аслияб мурадлъун букIун гьечIо. Рехсараб макъалаялда гьадин бихьизабун бугоан гъозул унго-унгояб мурад:
«Нилъеде данде кколареб гIараб маданият гIараб мацIалъ гьениб тIибитIизабун бугони, гьелде данде чIезабизе бигьаго бегьула халкъияб мацI».
Гьелдаса нахъе пачаясулги большевиказулги гIалимзабаз гьеб иш бихьизабун букIана «жагIилаб» ва «хъвай-хъвагIай лъалареб»илан абураб халкъалъе алфавит кьей хIисабалда.