Жакъа къоялъул суратал

Пакистаналъул Кветта шагьаралда гьабураб кьвагьиялъул хlасилалда хварав гlагарав чиясде тlаде къулараб лъимер  (AFP/Банарас Хан)

Кветтаялда букlараб кьвагьиялдаса хадуб протесталъул акциялда гlахьаллъулей яс  (Reuters/Насир Ахlмад)

2014 соналда Сочиялда хасалил Олимпиада тlобитlилалде биххизе кколеб рукъалъул гордухъан бихьулеб буго Олимпиадаялъул стадион, Адлер, Олимпиадаялъул Парк (Reuters/Кай Пфаффенбах)

Sawt al-Haq ай Ритlухълъиялъул Гьаракь абулеб къукъаялдаса руччаби жидерго ярагъгун, Алеппо, Сирия (REUTERS/Музаффар Салман)

Челябинскалда метеорит бортиялъул хlасилалда бекараб тукадул нуцlаялда букlараб цlорол кесек  (Reuters/Олаф Коенс)

14 сон барав Гlаббас Карими вижун вукlана гъуждулги гьечlого. Гьесул анищ буго Афгъанистаналъул рахъалдасан Паралимпиадаялда гlахьаллъизе. Кабул. Жамгlияб бассейн  (Reuters/Омар Собгьани)

Лъидаго бачlолъиялъул щуго сон кlодо гьабулаго кьвагьулеб фейерверк Приштинаялда тlад. Косово  (AFP/Арменд Нимани)

Ереваналъул къотlной йичарулей гlадан (Reuters/Давид Мдзинаришвили)