Дагъистан республикаялъул бетIер МухIамадсалам МухIамадов хисун хадур Шималияб Кавказалъул цогидал республикабазул бутIрул хисизе бугин кватIичIого, ян лъазабулеб буго Россиялъул гIемерисел информалатаз. ТIоцебесеб иргаялда – Гъалгъастаналъул бетIер Юнусбег Евкуров. Щиб гьадинаб букIине бегьулеб хIукмуялъе гIиллалъун ккун бугеб?
Россиялъул батIи-батIиял информалатаз, тIоцебесеб иргаялда - «РБК Daily» абулеб агентлъиялъ Кремлалда вугев цIар рехсечIев хъулухъчиясул баяналда мугъ чIвайги гьабун, лъазабулеб буго Россиялъул Президент Владимир Путиние бокьун бугин Гъалгъастаналъул президент Юнусбег Евкуров хисизе, аммаила, гьабсагIат гьесул бакIалде данде кколев чи жеги ватун гьечIин.
Россиялъул президентасул администрациялъ мухбирзабазде лъазабун буго Сочиялда букIине бугеб Олимпиада рагьизегIан тIолго Кавказ регионалда ахIвал-хIал рукIалиде ккезаби Россиялъул тIалъиялъул ва хасго президент Путинил аслияб мурад бугин.
Москваялда бугеб Карнеги Централъул ГIелмияб Шураялъул бетIер хисулев Николай Петровас гьел харбал дурус гьарун, гIадинал гIиллаби рачунел руго нижер программаялъе:
Петров Николай: «КIиго гIилла буго гьединал харбал тIиритIизариялъе. ТIоцебего - Дагъистаналъул бетIер хиси, кIиабизеги - исана сентябрь моцIалда Гъалгъастаналда рукIине ругел рищиязда Евкуров республикаялъул бетIерасул хъулухъалде кандидатлъун вукIине гьечIин абураб лъазаби.
Дагъистанги Гъалгъастанги ккола Шималияб Кавказалда бишунго захIматаб ахIвал-хIал бугел регионал. Кремлалъе цIакъ кIудияб кIвар кьолеб буго 2014 соналда Сочиялда рукIине ругел Олимпиялъул хIаязе, гьединлъидал гьелъие бокьилаан мадугьаллихъ бугел регионазда паракъалъиялда релъараб ахIвал-хIал бихьизабизе ва Шималияб Кавказалда соналдаса соналде дагьлъулареб терроризмалъул масъала тIубазабизе.
Дида ккола Дагъистаналъул бетIер хиси - гьеб букIанин бищун аслияб суал, щай гурелъул МухIамадсалам МухIамадовасда ва силовиказда гьоркьоб бугеб рагIирекъонггутIи хIисабалдеги босун, Кремлалъе силовиказул рахъ кквезе бокьун бугелъул».
Россиялъул президентасул администрациялъ гьединго лъазабуна буго дагь-дагь ккун Шималияб Кавказалъул киналго республикабазул бутIрул хисизе ругин ахир-къад. Гьезда кIвечIилан Чачан республикаялъул бетIер Къадиров Рамзаницаго гIадин кьварараб къагIидаялда низам тIад чIезабизе. Николай Петровасул пикруялда Къадиров ккола гIицIго жиндирго республикаялда гуребги – тIолго Шималияб Кавказалдаги низам цIуниялъул мисал.
Петров Николай: «Рамзан Къадировасул хIакъалъулъ бицани, абизе ккараб буго Россиялда кIиго персоналистикияб низам бугин. ТIоцебесеб - Путинил, кIиабилебги - Къадировасул. Къадыров хисизе Кремлалъухъа гьабсагIат бажаруларо. Гьединлъидал гьеб суал гьоркьобцин лъун гьечIо. Гьеб гуребги Гьадинал шартIазда Къадиров рикIкIуна гIицIго Чачан республикаялда гуребги - тIолго Шималияб Кавказалда паракъалъиялъул гарантлъун».
Гьедин батани бегьулищ Дагъистаналъул бетIерлъун заманалъ тIамурав ГIабдулатIипов Рамазан Къадыров Рамзанида релъаравлъун рикIкIине? КIолищ гьесда Къадировас хIалтIизарулел гIадал кьварарал тадбирал хIалтIизаризе республикаялда?
Гьаб суалалъе жаваб кьолаго Николай Петровас абуна, ГIабдулатIипов вугин гIадлу-низам цIунулел хъулухъазе хIалае витIарав хъулухъчийилан.