Билаловас хъулухъалдаса ине гlарза хъвана

Россиялъул Олимпиадаялъул комитеталъул вице-президент Билалов АхIмадица инти къоялда хъван буго хъулухъалдаса жиндиего бокьун нахъе иналъул гIарза. Гьес жаваб кьолеб букIана Сочиялда олимпиадаялъул объектал раялъул. Гьедин лъазабуна «Интерфаксалъ.
КIиго анкь цебе президент Владимир Путиница Сочиялда инспекция гьабулаго разилъи гьечIолъи загьир гьабун букIана объектал заманалда ран лъугIулел гьечIолъиялда ва гьел хиралъулел рукIиналда.
Билалов лъала кIудияв бизнесчи хIисабалда. Гьев вукIана Думаялъул депутатлъун ва Краснодаралъул икълималъул рахъалдасан сенаторлъун.
2009 соналъул декабралда гьев тун вукIана Олимпиадаялъул комитеталъул вице-президентлъун.