Жамгlияталъе бокьичlеб 13 жамгlияб объект
Парижалда бугеб Эйфелил абулеб си бан букIана 1889 соналда ярмаркалде унеб нухда кIамури хIисабалда. Жиндир заманалда гIемерал архитектуриял критиказ ва художниказ какулеб букIараб гьеб гьанже ккола дунялалдаго машгьураб силъун. Архитектор Густав Эйфелица бараб «магIна гьечIеб ва суракъаб» абун къимат щвараб гьеб 20 соналъул изнугун тун букIун буго лъезе.
Прагаялда 1881 соналъул Миллияб театралъул мина гIатIид гьабун цIияб базе байбихьун букIана коммунист занамаялъул аслияв архитектор Карел Прагерил нухмалъиялда гъоркь. Гьеб банги лъугIун букIана 1983 соналда. Гъорлъан канлъи бихьуларел цIорол кесказдасан гIуцIун руго гьелъул къадал.
Парижалда Джордж Помпидул Центр рагьун букIана 1977 соналда. Доб заманалъул критиказе гьелъул дизайн рекIее гIечIониги дунялалдасаго гIадамал рачIуна гьенире. Гьеб рагьаралдаса гьениве щун вуго 150 млн. чи
Архитектор Фрэнк Герица Испаниялъул Бильбао шагьаралда бараб Гуггенгьайм Музей гьарун букIана 1997 соналда.
Нью-Йоркалда бугеб Соломон Геггенгьаймил Музей гьанже рикIкIуна кIвар бугеб архитертурияб объектлъун. Франк Ллойд Райтал проекталда рекъон бараб гьеб рагьун букIана 1959 соналда ва какулеб букIана доб заманалъул критиказ. Жидеца рахъарал суратал гьенир рихьизе лъогеян кагъатцин хъван букIана 20 художникас.
Парижалда Лувралъул Пирамидалъул проект бахъун букIана архитектор И.М. Пейица. НекIияб Лувралъул кIалтIа 1989 соналда гьаб заманалъулаб цIоролаб пирамида лъей рекIее гIолеб букIинчIо гIемеразе. Гьанже гьеб уна Парижалда туристазда рихьизе кколел аслияб бакIазул сияхIалде гьоркьобе.
Англиялъул Ливерпулалда бугеб килиса рагьун букIана 1967 соналда. CNNалъ дагьаб цебегIан гьабураб цIех-рехалда рекъон, гьеб лъазабун буго дунялалдаго бищунго суркъаб миналъун.
Сиэтл. Experience Music. Рагьун букIана 2000 соналда архитектор Фрэнк Герил проекталда рекъон.
Белоруссиялъул Минскалда бугеб Миллияб Библиотека. Гьарун букlана 2006 соналда.
Косово. Приштина.Миллияб Университеталъул Библиотека. Рагьун букlана 1982
Варшава. Культураялъул Кlалгlа. Рагьун букlана 1955 соналда
Чехазул Миллияб Библиотекаялъе проект бахъун букlана 2007 соналда архитектор Ян Каплицкияс. Критикаяда хадуб гьеб базе тун букlинчlо
Парижалда рагьизехъин букlaраб Гlурус Ортодоксалияб Централъул проект. Гьеб базе тун букlинчlо.