Евроцолъиги Цолъарал штаталги хΙадурлъулел руго экономикиял калъа-басаязде

Евроцолъиялъги Цолъарал штатазги лъазабулеб буго, июлалде щвелелде жидеца байбихьизе ругин трансатлантикияб дармилгун инвестициязул партнерлъиялда сверун кΙалъа-басаялин.

Жиндирго хитΙабалда Цолъарал штатазул президент Барак Обамаца лъазабуна, трансатлантикияб къотΙи-къаялъ рес кьезе бугин американиязул миллионазе лъикΙал хΙалтΙул бакΙал рагьизеян. КΙалъа-басаязда гьоркьор лъезе рагΙула гьединго дармил гΙаммал стандартазул ва къагΙидабазул суалалги.