Ярлыкапов: тIолго халкъалде данде политика гьабулеб буго Дагъистаналда

Россия -- ЛъарагIазул жамагIатазул вакилзабазул данделъи. Пятигорск. 10 февраль. "Кавказский узел" сайталдаса босараб Роман Егоровас бахъараб сурат.

10 февралалда Пятигорскалда тIобитIана «Россиялъул лъарагIазул жамагIатазул» абулеб гIуцIиялъул данделъи. Гьелъулъ гIахьаллъи гьабун буго Дагъистаналдаса, Чачан республикаялдаса ва Шималияб Осетиялдаса 375 делегатас. Гьез гьоркьор лъуна лъарагIазда цере ругел кIвар кIудиял проблемаби ва къабул гьабуна хасаб резолюцияги Россиялъул президентасухъе битIизесеб хитIабги.
Пятигорскалда букIараб данделъиялда цо-цо гIахьалчагIаз абулеб букIана заманалъ Дагъистаналъул бетIерлъун тIамурав ГIабдулатIипов Рамазаницаги халат бахъунеб бугин лъарагьазде данде некIоялдаса хIалтIизабулеб политика. ЛъарагIазухъа умумузул ракьал рахъун ругин ва гьел нахъе кьолел гьечIин абулеб букIана цо-цояз.

Россиялъул ГIелмабазул академиялда цебе бугеб этнологиялъул ва антропологиялъул институталъул гIалимчи Ярлыкапов АхIмадица гьадинаб баян гьабулеб буго гьелда бан.

АхIмад Ярлыкапов: «Дида кколаро Дагъистаналда цо кинаб гIаги миллаталде данде цебеккунго ургъараб политика хIалтIизабулеб бугин. Амма дида ккола гIамм гьабун гьениб билъанхъизабулеб политика - гьеб бугин тIолго халкъалде данде хIалтIулеб политика. Гьале гьелъул хIакъалъулъ бицине ккола тIоцебесеб иргаялда.

Халкъалъул пикру сан гьабичIого толеб буго. ЛъарагIазул хIакъалъулъ бицани - шаклъи гьечIоги жеги тIубазабичIеб ракьул масъалаялъул суал гьоркьоб лъезе ккола.

Цо гуреб - кIвар цIикIкIарал гIемерал проблемаби руго гьелда хурхарал. Ва гьел социалиял проблемабаз политикияб рагIирекъонгутIи, политикияб дандечIей баккизабулеб буго Дагъистаналъул гIодоблъиялда.

Гьениб гуребги - мадугьаллихъ бугел цогидал регионаздаги рагъарула конфликтал, мисалалъе Ставрополь икълималда. ПалхIасил - гьел киналго масъалаби тIуразаризе ккола.

Рамазан ГIабдулатIиповас гьел масъалаби гIадахъ росани, разилъи гьечIел гIадамазухъ гIинтIамуни гьесиего бигьаго букIине буго гьел тIуразаризе.

Гьединлъидал Пятигорскалда букIараб данделъиялъул резолюция хIисабалде босизе ккола. МагIарулаз лъарагIазде тIадецуй гьабулеб бугилан абулеб гьечIо гьеб данделъиялъул гIахьалчагIаз. ГIакъилал аналитиказги гьадин абулеб гьечIо. ГIаксалда, гьез абулеб буго гьел проблемабаз лъарагIазеги, магIарулазеги, даргиязеги, нугъаязеги захIмалъи кьолеб бугин».

Ярлыкапов АхIмадица абулеб буго республикаялда хIалтIизабулеб политика – гьеб бугин гIицIго пачалихъиял хъулухъчагIазе пайдаяб политика.

Ярлыкапов АхIмад: «Республикаялда цониги программа хIалтIулареб мехалда, пачалихъалъул хъулухъчагIаз жибго пачалихъалъул приватизация гьабун, гьелъул бетIергьабилъун кколеб мехалда, гьез рищватал росулеб мехалда ва гIадатиял гIадамазе гьабизе кколеб хъулухъ гьабулареб мехалда кинха гьединаб ахIвал-хIалалда абизе кколеб? ЛъарагIазде ялъуни магIарулазде яги нугъаяздеи данде хIалтIизабулеб политикаищ гьеб?

Гуро, гьеб буго киналго дагъистаниязде данде хIалтIулеб политика. Гьелдалъун республика цебетIолебги гьечIо я политикияб я экономикияб рахъалъан».