ГIуцIулеб бугищ Р. ГIабдулатIиповас жиндирго команда?

Your browser doesn’t support HTML5

ГIемерисел экспертазул пикруялда, сонидаса сониде гъварилъулеб коррупциялъги, экстремизмаялъги, жамгIияталда жанисеб жахIдаялъги сваказарун ругел гIадамазулъ, россиялъул президентас ГIабдулатIипов Рамазан Дагъистаналде витIиялда бан, рижинарун руго лъикIал хьулал. Гьелдаго цадахъ реалистаз лъолеб буго суал, бажаризе бугищ ГIабдулатIиповасда жиде-жидер балъгоял хасал яргъид гIуцIарал къуваталцин ругел, пачалихъиял хъулухъал жидерго мурадазе хIалтIизарулел тайпа-тухумазул лидерал нахъе рехун, республика сах гьабизе ? Цо-цо аналитиказ риккунеб ГIабдулатIиповасе цIакъ захIматго букIине бугин гьеб мурадалде щвезейин, хасго цогидал политиказул гIадал жиндир рахъ кколеб къокъа гьечIеблъи ракIалде босаниян. Амма жиндирго эффективияб команда гIуцIизе бажарани, гьесие икъбалал щвезе бегьулин ва ГIабдулатIиповасул шанс щолин Дагъистаналъулги, жибго регионалъулги хвасарчи хIисабалда историялда хутIизеян. Халат бахъунеб буго республикаялъул хIукумат гIуцIи ва гьелъул жанисеб реформа. Жакъаялде республикаялъул бетIерасул ишал тIуразарулес цIезарун руго министразул тахазул аслияб къадар. Гьес цебелъей гьабун депутатаз вищун вуго парламенталъул бетIер. Кинаблъун бихьулеб нужеда ГIабдулатIипов Рамазаница хIалтIизабулеб кадразул политика абураб ЭР-лъул суалазе жавабал кьолел руго жамгIиял хIаракатчагIаз, журналистаз, политиказ. Гьаб видеоялда жиндирго бербалагьи загьир гьабулеб буго Дагъистаналда тІоцебесеб пачалихъиябгуреб эфиралъул телеканалалъул бетІерияв редактор Камиль ГІумаровас.