Тунисалъул хIукумат хIалхьиялде битIун буго.

Тунисалда арбагI къоялъул къаси мехалда премьер-министр ХIамади Джебалица хIукумат хIалхьиялде битIана. Гьединаб хIукму гьес гьабун буго оппозициялъул рахъ ккурал гIодоре риччай мурадалда.

КватIичIого цIияб хIукумат гIуцIизе буго ян лъазабуна гьес.

Добго арбагI къоялъ Тунисалъул бакI-бакIалда кIудиял демонстрациял тIоритIана. ГIадамазул ццим бахъун бугоан оппозиционияб партиялъул бетIер Шокри Белаид чIваялъ.

Гьес чанги нухалъ какулеб букIана гьабсагIат хIакимлъуда бугеб «Ан НахIда» абулеб гIодоре риччарал исламистазул партия.