Freedom House гIуциялъ Россиялъул тIалъи какулеб буго.

Freedom House абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб Цолъарал Штатазул гIуцIиялъ президент Барак Обамаде буссун ахIи балеб буго Россиялда бан хIалтIизабулеб политика кьваризабиялде.

АрбагI къоялъ загьирабураб жиндирго докладалда рехсараб гIуцIиялъ ракIалде щвезарулел руго ахирисеб заманалда Россиялда ккарал шинал хIужаби.

Мисалалъе рехсараб гIуцIиялъул бетIер Дэвид Крамерица абуна, Владимир Путин Президентлъун нахъеги вахъун вукIиналъ демократиялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъан Россиялда бугеб ахIвал-хIал квешаб рахъалдехун буссун бугин.

Крамерица гьединго ракIалде швезаруна дагьалъ цере Владимир Путиница Америкалде данде гьарурал цо-цо каламал.