Дагъистаналда нахъойги руго гIарзал лъай кьеялъул хIалтIухъабазе чанго моцIалъухъ моцIрол харжал кьолел гьечIин абураб. МугIалимзабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулес бицунелда рекъон республикаялъул финанасазул министерлъиялъ абулеб буго жидер гIарац гьечIин гьезие кьезейилан.
Кинабниги республикаялъул 10 мухъалда кьун гьечIин гьел харжалилан бицана Эркенлъи радиоялъе Дагъистаналъул мугIалимзабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев ГIамиродинов МухIамадица. Гьел ккола - Гъуниб, Болъихъ, ЦIумада, Хунзахъ, ЛъаратIа, Гумбет, Унсоколо, Дахадаев, Гъизляр, ГIахъуша ва Казбек мухъал.
ГIамиродинов МухIамадица гьединго бицана январь моцIалъулги харжал республикаялъул цониги мухъалда кьун гьечIиланги.
Гьеб киналъулго цIех-рехги гьабун гьелда тIасан хъвараб гIарзаги республикаялъул прокуратураялде кьун вачIунев вугилан бицана гьес Эркенлъи радиоялъе.
МугIалимзабазе моцIрол харжал кватIизариялъул хIужаби загьирлъулел рукIиналъул гьаб тIоцеебсеб хIужа гуро республикаялда. Гьедин араб соналдаги рукIана гьединалго гIарзал декабралъул харжал кватIизарулел ругилан. Гьедин щибаб сон ахиралде щолелъул ургъел чIвалин жинда гьединал гIарзал рачIунел рукIиналъилан мукIуралъана нижер программаялъе ГIамиродинов МухIамад.
Чанго нухалда гьеб суал жинца республикаялъул нухмалъулев вугеб бакIалдаги борханин, финансазул министрасдаса жаваб тIалаб гьабидал гьечIин гIарац гьабсагIатилан кверал хьвагIулел ругин гьесги.
Гьелде тIадеги республикалдаса гIарац битIаниги мухъазда ругел гIарац бикьа-къотIулел идарабазги щвезабулеб гьечIин харж жиндир заманалда гIадамазухъе. Цо кинавалиго хIалтIухъан камун вугин, киналалиго кагътал гьечIилан абурал азарго батIиял багьанаби рачунел ругин гьезги.
Жакъа росабазул ва шагьаразулги мугIалимзабазе моцIалъе гьоркьохъеб къагIидаялъ щолеб буго 7 азарго гъурущ. ГIамиродинов МухIамадица бицана гьабсагIат экономикаялда бугеб ахIвал-хIалалъухъги балагьун росабалъ мугIалимзабазул гIумру яшавалъухъги балагьун цIех-рех гьабураб мониторинг тIобитIулеб бугин жидеца, гьелъул хIасилалда рекъон жидеда ракIалда бугин мугIалимасул гьоркьохъеб харж 14 азарго гъурущ букIине кколилан абураб суал республикаялъул хIукуматалда цебе лъезе.
Гьелъул хIакъалъулъ гьадинан бицана ГIамиродиновас Эркенлъи радиоялъе:
ГIамиродинов МухIамад «Декабрь ва январалъухъ моцIрол харжазул иш роцIцIинабун хадуб тIобитIизе буго нижеца гьеб мониторинг. Гьелъул мурад буго республикаялъул экономикаялда рекъон гьоркьохъеб Дагъистаналда батани 14 азарго гъурущ.
Лъай кьеялъул цIияб къануналда рекъон мугIалимасулги гьединабго харж букIине кколеблъи мугIалимзабазда жидедаго бичIчIизаби. Цадахъго дица лъазабулеб буго Шималияб Кавказалъул цогидал регионаздаги кинаб харж бугебали. Гьеб киналъулго хIасил гьабун ракIалда буго республикаялъул нухмалъулесда цебе гьеб суал лъезе».
МоцIалъе щолеб харжил бадире балагьарал чагIи кколинха жакъа мугIалимзаби, тIокIал цогидал хIукуматалъул рахъалдаса гьарулел бигьалъаби гьечIин жидее, гьеб суалагIаги роцIцIинабун бажарулебани цIакъ бокьилаанинхаян абуна нижер программаялъе Хунзахъ мухъалъул Харахьи росдал школалъул мугIалим Маликова Мадинаца.
ХIалтIе, хIалтIеян абун тIалаб гьабулеб бугин нижедасаги, хIалтIулел ругин, хIалтIаралда рекъараб мухьгIаги нижееги кьолебани. БатIаго цо чи какун рагIи рехизеги бокьун гьечIин, нухмалъиялъги, мухъалъул лъай кьеялъул идараялъги гIезегIан жидер тIалаб-агъзаги гьабулин, гьездаги гIайиб гьечIеб куц бугинха, гъоба республикаялъул нухмалъиялъ хал кколеб гьечIинха гьелда хадуб:
Маликова Мадина: «Гьалдаса 4-5 соналъ цебеги букIана нижер моцIрол харжал кватIизарун кьоларого. Ахирал соназда абуни щибниги абизе бакI букIинчIо, ригьалда кьолаан харжал.
Гьале гьанжесалаги декабаралъулги, январалъулги харжал кьечIо нижее, анкьидасан кьезе ругилан абула, гьале кьолелго гьечIо».
Нижергун гара-чIвариялда Мадинаца борхана цо гьадинаб кIвар бугеб суалги:
Маликова Мадина: «ГьабасагIат бугеб цIалул программаги, цIализе бокьуларел лъималазулги хIисаб гьабуни махIниги бигьаго гьечIо гьабсагIат мугIалимасе. Цогидал махщалил хIалтIухъабазад тункулеб рагIи абулеб мех гуро, амма жакъа тохтурзабиги мугIалимзабиги рукIинчIелани кинаб жамгIиятдай нилъер букIинаян абураб суал кьезе ккола щивас жиндего.
Амма мактабазда нижеца гьабулеб хIалтIуде гIейги гьабун чIун руго гIемерисел улбул, кинабго нижеда бараб гьечIелъулха. Рокъоб эбел-инсуца кьураб тарбиялда барабги буго гури гIемераб».
Дагъистаналъул лъай кьеялда жанир хиса-басиял гьариялъул мурадалда федералияб бюджеталдаса лъабго миллирад гъурущ биччазе хIисабалде босун бугилан абун хабар букIана араб соналда.
Россиялъул хIукуматалъул нухмалъулев Путин Владимирица тIалаб гьабулеб букIана регионазда ругел киналго мугIалимзабазул моцIрол харжал цIикIкIинаризе кколин гьелда рекъонилан. Амма гьеб суал Дагъистаналда жакъа къоялъги роцIцIинабун гьечIо.