Дагъистаналъул цIияв нухмалъулес ва премьер-министрас цIияб хIукумат гIуцIулеб буго араб анкьалдаса нахъе. Рамазан ГIабдулатIиповас тIоцебего лъазабун букIана хъулухъалде росизе ругин лъаялъухъ ва махщелалъухъ балагьун.
ХIукуматалде министрал росиялъул тадбир унеб буго араб анкьил байбихьудаса нахъе. ГьабсагIаталда чанго хиса-баси гурони, гьечIо, рехсолел руго щибаб хъулухъалде ине бегьулел чагIазул цIарал. ХIукуматалъул премьерлъун тIамун вуго Мухтар Меджидов, гьев хисулеллъун Абусупьян Хархаров ва Александр Ермошкин.
СахлъицIуниялъул министрулъун тун вуго Москваялъул стоматологияб институталъул мугIалим, профессор Танка Ибрагьимов. Гьедин лъазабулеб буго Дагъистаналъул президентасул официалияб сайталда.
Итни къоялъ сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул минаялда Рамазан ГIабдулатIиповас данделъиги бакIарун вихьизавуна цIияв нухмалъулев ва гьединго баркала кьуна гьоркь вукIарав министр Иляс Мамаевасе. Президентасул хъулухъал тIуралесул баяналда рекъон, цIияв министр ккола гьунар бугев тохтур ва лъикIав инсан ва гьес сахлъицIуниялъул иш цебетIезабиялда божизе бегьула.
ГьабсагIаталда халкъалда гьоркьор ругел баяназда рекъон, информациялъул министрасул хъулухъалда тIамизе рагIула Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул проректор ХIасанов МухIамад, лъайкьеялъул министерлъиялда цеве Гъуниб мухъалъул нухмалъулевлъун вукIарав ГIабдулхIалим Мачаев. Цоги баяназда рекъон гьеб хъулухъалде унев вуго Педуниверситеталъул ректор ШагьгIабас Шагьов.
Аваразул культурияб автономиялъул нухмалъулев Маркъо ШагIбановас бицана Эркенлъи радиоялъе хIукуматалда ругел ва рукIине бегьулел кадровиял хиса-басиязул хIакъалъулъ.
Маркъо ШагIбанов: «Киналго хъулухъазда толел чагIазул цIарал жеги лъалел гьечIо, амма лъалезул хал гьабурабго рихьулел руго хIалтIул хIалбихьиги бугел, кIудиял хълухъазда цере рукIинчIел цIиял чагIи.
Рехсезе бегьула лъайкьеялъул министерлъиялде уневин рикIкIунев ШагьгIабас Шагьов, росдал магIишаталъул минстерлъиялде унев Башир Байтемиров, сахлъи цIуниялъул министерлъиялда тIамурав Танка Ибрагьимов, информациялъулгун басмаялъул министерлъиялде унев МухIамад ХIасанов, жанисел ишазул министерлъиялда АхIмад БатIалиев толев вугилан бицунеб буго.
Аслияб къагIидаялъ бигьулеб буго цIиял чагIи рукIин киса-кирего. Хъулухъалда тезе бегьуларелин чагIи ругилан абизе кIоларо дида гьезул цонигиясул рахъалъ».
«Черновик» газеталъ лъазабун буго «Халкъияв министр» абураб цIех-рех.
Газеталъул сайталда щивас гьаркьал кьезе бегьула лъайкьеялъул, информациялъул ва культураялъул министаразул хъулухъалда тезе бегьулел чагIазе.
ГьабсагIаталда лъайкьеялъул министерлъиялде унезул тIоцебесеб бакIалда вуго мугIалимзабазул квалификация борхизабиялъул институталъул нухмалъулев Идрис Мусаев, информациялъул министерлъун гIадамаз рикIкIухъе тезе бегьула «Настоящее время» газеталъул бетIерав редактор, журналист Милрад Фатуллаев.
Культураялъул министерлъиялде газеталъ рихьизарурал кандидатазда гьоркьоса цониги чи рекIее гIолев гьечIо цIалдолезе.
Цо-цо информалатаз бицухъе, парламенталдаги рукIине руго хиса-басиял. Хамиз къоялъ букIине кколеб иргадулаб гуреб сессиялда рехсезе буго цIияв спикерасул цIар. Бицунеб буго гьев вукIине вугин Пачалихъияб Думаялъул депутат Хизри ШихсагIидов.
Политикаялъул ва экономикаялъул институталъул нухмалъулев ГIабдул-Насир Дибировасул пикруялда рекъон кадровиял хиса-басиял гьариялдалъун лъугIуларо иш, гьел хIалтIухъ балагьун къимат кьелин. ГьабсагIаталда сундуе бугониги къимат кьезе цудунго бугилан тIадеги жубана.