Афгъанистаналда цIияб кьвагьи

Апгъанистаналъул Гьилменд вилаяталда бахъараб кIиго кьвагьиялъул хIасилалда анкьгогIан чи чIван вуго.

ГьатIан къоялъул къаси Ханашин абулеб мухъалда бугеб нухда бахчун тараб кьвагьулеб алат хIалтIизабун, автомашинаялде рекIарав ункъго чиги шоферги хвана.

Добго къоялъ Муса Гала абулеб мухъалда кIиго полициялъулав чIван вуго кьвагьулеб алат хIалтIизабун хадув.