Ираналъул министрасул калам.

Ираналъул Миллияб ХIинкъи ГьечIолъи цIуниялъул Шураялъул бетIер СагIид Жалилица Димишкъиялда лъазабуна, Шамалде данде гьабураб жиндирго гьужумалда бан ГIизраилалъул ракI хвезе бугин абун.

Ираналъ квер бакъи гьабулеб бугин Шамалъул президент Башар Асадида ва гьесул дандиязда гьоркьоб букIине бугеб щибаб диалогалъе, ян тIаде жубана Ираналъул министрас.

Цого мехалъ гьес ГIизраилалде гIунтIизабуна Шамалда бугеб ахIвал-хIал хIалуцIинабиялъул гIайиб.

Цолъарал Штатазул тIадтараз лъазабухъе 31 январалда ГIизраилалъул авиациялъ Шамалъул территориялда ругел оппозициялъул машинабазде гьавадул кьаби гьабуна.