Ираналъул атомияб программаялда сверун диалогалъе болжал цIан буго

Ираналда ва дунялалъул анлъго улкаялда гьоркьор кIалъа-ралъаязул цIияб раунд тIобитIизе буго Казахстаналда 25 февралалда. Гьедин лъазабуна Мюнхеналда Ираналъул къватIисел ишазул министр ГIали Акбар СалехIица. Гьениб гьатIан къоялда рагIалде бахъана хIинкъигьечIолъи цIуниялда сверун лъабго къоялъулаб халкъаздагьоркьосеб конференция.
СалехIица гьединго абуна Тегеран хIадураб бугин Вашингтонгун кIирахъалъулал кIалъа-ралъаял гьаризейинги.
Гьебго заманалда Израилалъул улка цIуниялъул министр Эхуд Баракица дунялалъул жамгIияталде ахIи бана атомияб ярагъ гьабизе теларедухъ Ираналде гьабулеб тIадецуй цIикIкIинабеян.
Гьелдасаги цебе Америкалъул фице-президент Джо Байденица лъазабун букIана атомияб программаялда сверун Тегерангун диалог гьабизе Вашингтон хIадураб бугин.