Пакистаналда чIван вуго жеги 23 чи

Пакистаналъул Хайбер-Пахтунхва провинциялда армиялъул чIовудабакIалде тIадекIанцIи гьабидал хун вуго 23 чи, гьезулги 10яв гIадатияв чи вукIун вуго. Associated Pressалъ лъазабухъе, гьеб бакIалда букIараб кьвагьа-гIанхъиялда аскарияз чIван вуго 12 тIадекIанцIи гьабурав. Гьезухъ букIун буго автоматикияб ярагъ ва гьезда ран рукIун руго кьвагьиледухъ къвачIарал ручлул.
Рузман къоялда пакистаналъул цоги провинциялда шигIитазул мажгиталдаса рачIунел гIадамазул руккелалъулъ живго чIвалес кьвагьи гьабидал хун вукIана 23 чи. Гьеб кIиябго кьвагьиялъул жавабчилъи тIаде босун буго Пакистаналда ругел тIалибаз.
Human Rights Watch идараялъул баяназда рекъон, араб соналда Пакистаналда гьарурал тIадекIанцIиязул хIасилалда чIван вуго 400ялдаса цIикIкIун шигIитав.