Китаялъул Хэнань абулеб централияб провинциялда 26 чи хун вуго петардаби рачIчIулеб автомашина кьвагьидал. Биххизабун буго кьвагьи жинда тIад ккараб кьоялъул 80-метралъулаб секция. Кьода тIаса бортун буго чанго автомашина, гьезулги чангояб бухIун буго.