HRW: Россиялда инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъ квешлъун буго

Human Rights Watch абулеб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун идараялъ лъазабулеб буго Россиялда инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъ квешлъун бугин.
Жиндирго щибаб лъагIалилаб докладалда халкъаздагьоркьосел инсанасул ихтиярал цунулез кIвар буссинабулеб буго Владимир Путин президентасул хъулухъалде тIад вуссиндал гражданиял активистазде данде кидаго букIинчIебгIадаб кампания байбихьиялде.
Инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ, ахирал соназде данде ккун, 2012 сон Россиялда букIана бищунго квешаб. Гьедин абуна нижер радиоялъе Human Rights Watchалъул Россиялда бугеб бутIаялъул нухмалъулей Анна Севортьяница. Гьелъ гьединго ракIалде щвезаруна Россиялда дагьаб цебегIан къабул гьарурал инсанасул ихтиярал ва эркенлъабазе раликалияб куцалда гIурхъаби лъолел къанунал.
ГIагараб Машрикъалъул бицунаго, инсанасул ихтиярал цIунулез кIвар буссинабулеб буго «гIарабазул ихалъул» хIасилалда нухмалъиялде рачIарал къуватаз жидецаго жидерго нух тIаса бищизе кколеб букIиналде.
Хамиз къоялда къватIибе кьураб Human Rights Watchалъул докладалда рихьизарулел руго дунялалъул 90 улкаялда бугеб ахIвал-хIалалъул мониторинг гьабиялъул хIасилал.